Г1адатияб гуреб рагьараб дарсил план Дарс- маргьа

Предмет: Начальные классы
Категория материала: Конспекты
Автор:

Нилъ жакъа рилълъина сапаралъ цо улкаялде (ханасул к1алг1аялъул сурат доскаялда цебе ч1вала), гьеб улкаялъул хан буго «Предметияб ц1ар».

Рач1а сапар бухьине.

Нухда нилъеда ратила гъваридал к1к1алал,к1удиял кьураби ва бат1и-бат1ял рух1ч1аголъаби.

1.Т1оцебесеб нухда батараб к1алахъа цере инее ккани гьаб суалалъе жаваб кьезе кола:

- Сунда абулеб предметияб ц1арилан?

2.К1иабилеб гъваридаб к1к1алахъа цере рорч1изе ккани гьал раг1абазул разбор гьабизе кола:

Г1урччинлъи, т1угьдул (г1урччин-кьибил, лъи-суффикс. Т1угь-кьибил, дул- суффикс)

Кинал рук1унел цоги г1емерлъул форма лъугьине х1алт1изарулел суффиксал?

-дул, -лъи, -би, -ас ва гь.ц

3.Цебе бахъила сурат (сураталда т1ад 19 гъвет1, гьезда гьоркьоб 4 пихъил, 15 пихъ кьолареб).

Гьаб сураталда щиб бихьулеб нужеда лъимал?

Гьеб сурат авар мац1алда сунда релъинабизе бегьулеб? Ургъе  кинабниги 19 щиб бугеб авар мац1алда, ва гьезда гьоркьоб  бат1ияб, 15 бат1ияб?

(19 падеж,4 г1адатаб, 15 бак1алъул).

4.Ц1алдохъаби доскаялде рахъина ва щуго падеж хъвала:

Аслияб падеж

Актив падеж

Хаслъул падеж

Кьовул падеж

Жинда падеж

Хадуб «Ват1ан» ва «эбел» абурал раг1аби падежазде сверизарун хъвала.

Щайдай дица гьал раг1аби росарал?

Эбел ва Ват1ан абидал щиб нужеда бич1удеб?

5.Гьанже щвана нилъ ханасул улкаялда аск1оре, амма анлъго бет1ер бугеб г1аздагьо буго цебе нилъее нух къан ч1ун.

Тип материала: Документ Microsoft Word (doc)
Размер: 328 Kb
Количество скачиваний: 26
Просмотров: 115

Похожие материалы